Дицаго диего суалал кьола

6 ноября 2017 - admin
article1168.jpg

 

Дицаго диего суалал кьола,
Сурараб щиб дуе, бокьараб кинаб.
Киналда рекъолев, рекъон кколареб,
КъулчIулеб, чIамулеб, чIалгIун букIунеб.

 

ЧIвала пикрабаца, кинал анищал,
КверхьвагIун телилан, толаро къасдаз,
Къуркьуларев кинан, кверал рекарав,
Кколарев мун гIодов, бохдул гъурарав.

 

 

Гъола цIидасанго цIа дир черхалда,
ЦIавуцIун ворхула харизе бокьун,
ХантIан нахъа речIун, ичIкIалабаца,
Цула загьруяб хеч, хвезе гьавилин.

 

Хириял гIадамал.гIанкъраби гурел,
ГIайибал, камиял, киналго ругел,
Килщал диде ритIун, тIаса рихьилищ,
Бихьулареб нужелъ, лъугIулареб гъвел.

 

Лъугьинаро тIаса, тIад рекIун рукIа,
ТIил речIун гъенолеб гъотIодаса пихъ,
ТIутI гъосоде уна, най тIегьда чIола,
ЧIоларел гьел кIалал, кIигьумерилал.

 

Гьанже жавабалъе жибги биччаян,
БакIвали кIалъала лъалареб бицун.
Лъураб жаниб гIатIал гIупалги рехун,
Харбиде жубала, жаниб бецаб бакь.

 

Бокьуларо дие, кьеларо дица,
Кьурал суалалги сан гьариларо.
Соналдаса жакъа кIудияв гIуна, 
ГIакълу мукъсаназул сурав босулищ...

 

 

Рейтинг: 0 Голосов: 0 18412 просмотров

Нет комментариев. Ваш будет первым!