Посвящение Дибирову Магомедкамилю

5 декабря 2018 - admin
article1294.jpg

Адам Аварав

5 декабря 2018 г.


БагIарараб бакъукь, балеб цIадукьги,
ЦIияб нух бахъулеб бульдозер буго.
Бадиб хIецIги бурун, хIацIуги бакъван,
"Бузна" бакълъиялда, къварид инжинер.

Гьасий ургъел буго соляркаялъул,
Сардилъ макьилъ вуго, кьурул рагIалда.
Кьураб гIарацалъул, гIей гьечIеб бичIчIун,
ГIурулъилъищ кIанцIилев, кIалищ гьикъилеб.

ГIурул мухъалъ руго катерал унел,
Квер буго хьвагIулеб гьасий туристаз.
Къокъал гурдал ретIун, ботIрол рас гъалун,
Гъаримав "вехьасе" салам кьун ясал.

Ирсилал хьвадизе наслабаз тараб,
Сухъмахъ нухлул буго шагьра гьабулеб.
Щибаб гамачI,ч Iимих, чIараб тIад хIетIе
Чагоял нугIзаллъун,нилъей тун хвараз.

Харбал гIемер руго, гIарац дагь буго,
"Нация чIухIарал бахIарзал руго".
Басрияб курткаги, какикьжо тIамун,
ТIагIинарин хьулан, бухьана гьас как.

Кабинетал руго, креслаби гьай-гьай,
Кибеха тIагIинеб, тIагIамаб кванай,
Кнопка цун ахIулей, "ХIурулгIиналъул",
Лифчикахъан руго, раккун доларал,

Рестораназдаги, гьал "Кафеязда",
Концертал рагIула, гIагIай бахъуна.
ГIолареб магIишат, магIирукъ лъедал,
Лъицаха гьеб араб,анибго течIеб...

Телевизор буго балабол гIадин,
Беццула, бицуна, цинги чIухIула,
ЧIахIиял заводал, заказал, закон,
Заппчастал гьарулев, МухIамадкамил,

Каранда цIва бана, цIияв "Нацгерой",
Нилъеда кIочана, чилъи, гIаданлъи,
ГIорцIулареб жо нилъер бакIвали,
Бахъун лъугIилебин, "Бузнасан" нухги.

"На хрена" дуе гьеб, гьечIеб чIухIи ххвел,
Хвезе ратиларин, те гьел "бахIарзал".
Борлъе, бухъе, бахъе, нахъ балагьуге,
БетIергьанас гурищ, гIаршалде вачун.


Рейтинг: 0 Голосов: 0 57895 просмотров

Нет комментариев. Ваш будет первым!