Посвящение Главам МО

5 декабря 2015 - admin
article815.jpg


На днях прочитал интересное стихотворение про прекратившего полномочия главу района. Оказалось, что всё написанное там с абсолютной точностью можно спроецировать и на многие другие районы. Я заменил фамилию главы, название района на абстрактные, убрал строки специфичные для данного района и получилось вот что:


 

Вабабай, Пуланов, керен тураяв,

Тана гуришь район кIалагъоркь рехун

ГIадан рикIкIунарев, хабар цIикIкIарав,

ЦIунаги Аллагьас район дудасан.

 

Лъабкъоялда анцIго соналъ гьабичIеб,

ХIалтIи гьабунилан рицана харбал,

Дун, дица, дир вацас, нижецаилан,

Маргьаби рицунев камуна нижей.

 

Лъабкъоялда анцIго бацIцIадал саназ

Дуца гIадин район лъица квегъараб,

АнцIго тIалаялъул минабиги ран,

Дуца гIадин бюджет лъица кванараб.

 

Дуйго гIарац щолел хIалтIаби гьарун,

Гьаб халкъ дуца гуккун гIодобе лъуна,

Гьал кверал рацIадал ругилан абун,

Кепек нахъ течIого, Бюджет кьабуна.

 

Дир гIагараб район, ГурхIула дуда.

ХIалихьатал чагIаз Чилъи цIуничIеб

Гьанже бесдаллъана Горшок баччулел,

БетIер батIалъарал аргъутал гIадин,

 

Вабабай Дагъистан - ЦIар араб улка,

ЦIогьорзаби цIикIун Халкъ мискинлъараб.

ЦIумазул улкаян Машгьурлъараб мун

Хъарчигъа тIад сверун Саяхълъана мун. 

 

 

Рейтинг: 0 Голосов: 0 1607 просмотров

Нет комментариев. Ваш будет первым!